forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
21
Март

Историялдасан наслабазе хут1арал цо-цо баянал.

Добавил(а) Administrator on 21 Март 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Салих1 Салих1ов


Алмахъалдаса мунагьал чураяв Мух1амадкамилиязул (Камуч) умумузул чаг1азул кколей йик1ун йиго Сулайнатилан абулей к1удияй ч1ужуг1адан. Гьеб бук1ун буго Шамилил боялъулъе алмахъазул бихьинал унилан аскарияз гьезие квешезего росу бух1ун, гьезул т1ощел хвезабулеб мех. Жидер ц1оросаролъул ч1еп биххун, гьениб бук1араб ц1оросаролъ г1одобеги бан чуязда кваназабула аскариял ругеб мехалъ, аск1ое яч1ун Сулайнатица гьенив вук1арав офицерасде гьикъун буго нижеца хасало щибин кваназе бугебилан. Гьес абун буго Сулайнатиде землю кушайилан. К1оченч1огун хут1арал гьелъулги дов офицерасулги раг1аби рицана Алмахъалдаса школалъул учитель Алгереев Байгереца.

Гьебго Шамилилгун аскариязул рагъ бугеб заман бук1ун буго. Доб заманаялъ Х1еж борхун х1ажизаби рукъоре щвараб мехалъ ханал рак1арун ц1унулел рук1ун руго гьезие кьезе г1адамаз...
Дол аскариял росулъе к1анц1ун, г1адамазул квен т1ощел хвезабун зая гьабулеб мехалъ Салих1атил (гьей кколей раг1уна Г1усман, Мансур гьезул умумузулъа ч1ужуг1адан) гьоло жаниб бугеб ц1улал хара (санк1у) ч1ехьон буго аскарияз гьениб аск1обго бугеб кьурулъе. Гьеб гьалида гъорлъ рук1ун руго Салих1атица рахчарал г1емерал г1анк1удал ханал. Ч1ехьон хадур гурони рихьун гьеч1о дол солдатазда кьурулъе гьалида гъорлъ ч1ехьон арал ханал. Х1акъдила хут1ун руго гьел аскариял ханазда хадур, хоно ц1акъго къиматаб жо бук1ун буго доб мехалъ.



1977 соналъ Симсиралдаса Г1алибегх1ажигун цадахъ г1урусазде данде алмахъазул цо къокъа бахъун, гьеб сабаблъун Алмахъ бух1ун буго ва росдал г1адамал Хубаралде гочинарун руго, гьениб гьез бан буго лъабго сон. Гьениса жиде-жидер хурзал гьаризе алмахъал Хубаралдаса к1варал рилъун рач1унел рук1ун руго ихтияр гьабич1ониги. Гьедин гьарурал хурзал солдатаз хвезарулелги рук1ун руго. Т1ощел г1ураб мехалъ гьез рач1ун чуязда кваназабулеб бук1ун буго алмахъаз г1езабураб т1ощел. Цо нухалъ, гьедин г1олеб т1ощел хвезабунги толарого бук1ун, хадусанги иххдал хурзал гьаризе бицунаго данд бан буго алмахъаз щиб гьабуни лъик1ин, гьабураб т1ощелги рач1ун солдатаз хвезабулин, хурзал гьаризейищ гьарилел ялъуни гьарич1огунищ телелилан. Гьезулъа цо к1удияв херав чияс абун буго: "Бач1инеб, бач1инареб лъалареб г1урусги, бач1инч1огун ч1олареб хаселги"йилан. Гьедин гьесги абун хурзал гьарун руго алмахъаз. Гьебги бицана Алгереев Байгереца.


Календарь исламский


Мусульманские праздники