Печать
08
Сент.

Фронтовик Забит Къадиев

Добавил(а) Administrator on 08 Сентябрь 2016.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

     Фронтовик   Къадил   Забит   ва    бандал

Zabit

 

Рагъул заманалда  цо къали х1ажинк1адал босе дун вит1ун вук1ана Ахташг1авухъалъе базаралде. 36 гъурущалде къали бук1анаан, амма Алмахъалда гьеб бичулев чи вук1инч1о. Гъове щведал, ц1орок бичулел г1авухъазул руччаби 2-3 таргьа аск1обги лъун ругоан. Дица багьа гьикъидал, гьез абуна 37 гъурущ бугила къалиялъул багьа. Дица абуна дихъ 36 гъурущ гурони гьеч1ин, кьеян. Киналго ах1дана кьогеян. Гьеб мехалъ дун нахъ вуссана - къаденахъе лъабго т1обараб г1адаб заманалда. Дир бук1ана цо лъик1аб ч1ег1ераб горде, гьелъул кисаниб лъун бук1ана гъоб г1арацги. Г1азабиги рук1ана риарила, гьеб бук1а-на март моц1алъул авал. Дида Юртг1авухъалъул т1асияб хабалахъе щведал   цере аразул лъак1ал ратана. Цинги Миккищобил к1алт1е щун,   рохьове лъугьунаго    ч1езе     гьавуна   цо   бандас. Гьел рук1ун руго базаралдаса унел чаг1ахъа жо бахъизе   гьенире рач1ун. Гьез цуцахъе кьун Ахташалдехун бугеб рохьилги хурзабазулги раг1алда ч1езе гьарун ругоан дида цере аралги. Дунги гьениве кьуна. Гьенир гъоркь ратана Саламирзал Мух1амад, гьесул ч1ужу Аминат, Сайханил эбел ва Залзалат. Дунги гьенив г1одов ч1езе гьавуна. Дихъа гордеги бахъун, гъозухъа бахъараб жоялда т1ад дир   гордеги лъуна. Ниж хьихьун ахада цоявги вук1ана. Гьанжеги цо хъуй к1анц1ана. Рач1ана Зиванил эменги эбелги, гьезухъ расги гьеч1оан бахъизе. Гъой Зулайбатица абуна, г1одоеги къулун, бадир   хъаталги ч1ван, гьаниб х1анчи рагъ ккезе бугила, партизанал рач1ина ругила. Охранас диде гьикъана партизанилан абураб жо г1урусалъ бугелъул, гьагъай щайила г1одулей. Дица т1аде жобана, гьаниб рагъ бук1ине бугилан йигин гъой. Нижер партизанал ун рук1анин Хасавюрталде Дили-малдаса туснахъ бачун, гьел   гьанчи гьанире щвезе ругин. Гьеб мехалъ гъов ах1дана аск1овег1ан вугесде «Дилим, Хосой, портизан» абун. Гьеб цуцахъе кьун ана рохь халаса. Цинги гьез х1укму гьабун буго посал рахъизе.

       Бакъанил мехги щун т1асанги ун бук1ана заман. Хадуб заман инелде гьел рач1ана Асланбегги гьесул яс Бабаги, Къадил Забитги, Г1алил Расулги рачун. Т1ок1ав базаралдаги вук1инч1о. Гьеб мехалъ нижеде т1аде щвелелде   ч1езаруна дов лъабавго чи 10 метраг1ан манзилалъ рик1к1ада. Гъолги ругоан анкьгояв, нижги г1уна анкьгоял. Х1инкъун   ратила данде ниж ралелин. Цинги гъоз бахъана Асланбегил шинел, Расулил къайц1а, Бабал хулжал, Забитиде абуна, дуцаги бахъейила рет1ел,   гьесул   бук1ана   ваяний   форма. Гъос абуна, ножеца бахъизе рет1ун гьеч1ила жинца рет1елан.

       Гьеб мехалъ гьас кьабуна, гъоз кьабуна, цинги гъов ниж хьихьун вук1аравги ана дозие кумекалъе. Дун   х1исабада вук1аго, охран дозде аск1ове ана, дирго   гордеги босун дун т1урана. Дида лъалаан Ахташ цебехун бук1ин. Рук1к1ун дуниялги бук1ана.   Щиб гьабилеб лъаларого, дица х1исаб гьабуна Ахташалъуве лъун, гъобгун вехе Ахташг1авухъалъе нахъе ине. Дида Юртг1авухъазул гъоба гьобо бук1инги лъалароан. Дица х1исаб гьабуна хьиталгун лъин бахун цо-цо раг1алккун ине. Гьеб бук1ана лъелъан раккарал ганч1азда т1ад чапараб г1азоги бугеб мех. Гьанже гьанире гочиндал, дунго вук1араб бак1алде ц1уладе чанц1олги ана - гьеб буго Т1адалабалъ бак1. Гьединаб рохьал ругеб бак1 Ахташ раг1алда жеги буго, гъваридал раг1ал гьеч1ел г1олт1ал-ги руго. Дун гьениве лъелълъе   жаниве ккун вук1аравани, релъеда мехги х1исабалде босани, дидалъун щиб ккелеб бук1арабали Аллагьасда лъалеб бук1ун батила. Гьедин дун Ахташалде щвезе 50 метр хут1араб мехалъ х1укму бат1айиса ккана. Дун гъове щвезехъинаго, дида гъоба батана цо к1удияб бегараб гъвет1. Гьеб   бук1ана дида цебе. Кисандай сверилаян пикроялда дун   вук1аго, 50 метраг1анаб манзилалда цоял рач1ина раг1ана. Гъол Г1амирикортоялдаса рук1ун руго лъингун Элерзоялде рахине ина. Дида гъот1ода нахъа   вук1аго раг1ана мух1канаб г1адамасул гьаракь. Дун гъот1ода нахъасан цоги гьаракь раг1унадаян   лъабго минуталъ ч1ун ватила, т1ок1аб ишги раг1инч1о, дун гъот1ода т1асан вахана. Цинги ана цевехун. Канлъи къот1ула бук1ана. Цинги дида цебе батана этек-патинкалъул лъак1ал. Дун гъоб сухъмахъгун ана Ахташ раг1алде. Анкьгояв вугоан рачча-къван   лъел раг1алдасан. Хех нахъги вуссун, дун векерана Ахташалде бач1араб гъозул лъак1да. Гьеб мехалъ т1обанго рук1к1ун бук1ана. Цинги дун   векерана, доб ниж рук1араб бак1алде щвана. Гьениб дица гъоб   гордеги рет1ана, г1арацги кисанибго батана.

           Кват1ун Висайитил щобде щведал гьениб цо к1удияй ч1ужуялъ бицана бандазухъа киналго рорч1ун ругоанила. Забитицаги рат1лил расги кьун гьеч1оанила, киналго анила росолъе, цо г1олохъанчи, лъутун арав,   киве ккарав лъаларилан.

 

                    Байсолтан  Гъайирбиев