Печать
21
Март

Х1айбатги т1угьдулги

Добавил(а) Administrator on 21 Март 2016.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

                           Х1айбатги   т1угьдулги!

       Гьеб бук1ана 1970 соналъул ихдал заман, ай ракь багъарилеллде цебесеб мех. КПССалъул райкомалъе кьун бук1ана райкомалъул III секретарасул хъулухъ. Гьеб заманалда дун   х1алт1улев вук1ана   СПА-ялъул инструкторлъун. Дагъистан Об-компартиялъул бихьизабиялда рекъон гьеб хъулухъалде   йосизе кколаан г1олохъанай педагогическияб лъай бугей г1адан. Х1алт1ул х1албихьи бугел, районалъул г1адамазда гьоркьоб къадру-къимат бугел педагогаллъун рук1ана Мациева Сада, Тучалаева Загьидат, Г1исаева Анисат (Беци) ва цогидалги. Партиялъул райкомалъул аппараталда алмахъазул чи гьеч1ин абун, лъик1аб рекомендацияги бач1ун, III абилей секретарлъун къабул гьаюна Калининаулалда учительницалъун х1алт1ула йик1арай Яндаева Х1айбат Камалдиновна. Мекъи ккеч1о. Х1алт1ул т1оцебесеб къоялдасанго Х1айбатица бихьизабуна   жиндирго бажари ва гьунар.

Секретарзабазда   гьоркьоб   х1алт1и   бикьулаго   Х1айбатихъе   ккана   идеологическияб   х1алт1и.   1970 сон   дунялалдаго   пролетариатазул   вождь В. И. Ленин гьавуралдаса 100 сон   т1убаялъул сон, ракь багъарун, районалъе г1емераб   зарал ккараб сон. Яндаевалъе гьеб ккана кутакалда х1алуцараб, зах1матаб сонлъун. Калининаул росу баххун, гьеб гочинабизе ккана ц1ияб бак1алде, районалъул   росабазул ц1алдохъаби рит1изе ккана Россиялъул школал-интернатазде, г1адамазда гьоркьоб бич1ч1и кьеялъул х1алт1и гучлъизабизе ккана.   Гъоб киналъего Яндаевалъ к1удияб   бажариялдалъун х1алт1и гьабуна. Гьеб   соналъ   бах1арчияб   х1алт1уе   г1оло нус-нус районалъул х1алт1ухъаби «За доблестный труд» медалаздалъун к1одо гьаруна, гьезда   гьоркьой   Х1айбатги

Х1айбатица   лъуг1изабуна   Хасавюрталъул   педучилище, хадусан заочно ДГУ-ялъул филологическияб факультет ва т1ок1лъиялдалъун   Ростовалъул   т1адег1анаб партийнияб   школаги.

Ракь багъарараб ва хадусел соназги районалде рач1ана   г1емерал   артистал, театрал, гьезда   гьоркьор   Дагъистаналъул   аваразул   музыкально-драматический   театр, Кабардино-Балкариялъул русский драматическияб   театр, ц1ар   раг1арал   коч1охъаби Даку Асадулаев, Муи Х1асанова, Сидрат Меджидова, Манарша Дибирова ва цогидалги. Районалда   билъанхъун бук1инч1о коч1охъабазе   т1угьдузул   квац1и кьолеб къаг1ида. Цо нухалъ, Меджидова Сидратица берцинаб бакъаналда   кеч1   ах1ун   хадуб, Х1айбатица   гьунар   к1удияб коч1охъаналъе розабазул квац1и бегьана. Гьедин Х1айбат Яндаевалъ   салатавиялъулал   ругьун гьаруна артистазе ва цогидал   нилъехъе   рач1арал гьалбазе, гьунарчаг1азе т1угьдул кьезе.

     1972 соналъул маялда Бакуялда т1обит1ана райком-горком комсомолалъул т1оцересел   секретарзабазул   Т1олгосоюзалъулаб семинар-совещание. 15 маялда, коммунистическияб субботник лъуг1арабго,   нижее кьуна к1удияб   концерт. Гьайбатго, берцинай, рокьул   гьумер   ц1урай азербайджаналъ   ах1араб кеч1алъ   х1айран гьаруна   киналго:

«Возле   арыка, я помню, впервые

Взглянули эти глаза на меня…»

Дида Х1айбат Камалдиновна   рак1алде   щун,   сценаялдеги   вахун гьей   ясалъухъе   киназдаго раг1инедухъ «Ах, эта девушка меня с ума свела» - янги   абун,   тюльпаназул квац1и   бегьана. Гьениб Расул Х1амзатовасул «Целую женские руки…» х1исабалдеги босун, гьелъул кверазда убачги гьабуна.   Сценаялдаго   гьелъ гьимулаго, киназдаго   раг1инабуна   «Я знала, что в Дагестане есть такие   гордые, мужественные мужчины». Киназго, т1аде рахъун, хъат ч1вана.

Росдал   маг1ишат   цебе   т1езабиялда   хурхарал   суалалгун, нилъер районалда   унеб   бук1ана   партийно-хозяйственныяб актив-собрание. К1алъазе рахъараз кьолел рук1ана жидерго предложениял, малъа-хъваял. К1алъазе раг1и   босана   Х1айбатица: «Маг1ишат цебе т1езабизе ккани,   гьелъие   ч1езаризе ккола лъик1ал   шарт1ал. К1иго   т1егь   гъун буго бат1и бат1ияб   комнатаялда цого   шарт1азда, амма   цояб   т1егьалъе   музыкаги   бачунеб   бук1ун буго. Музыка бачунеб   комнаталда   бук1араб   т1егь   хеккого г1ун   бач1ун, берцинго   т1егьан буго.   Росдал   маг1ишаталдаги, хъулухъ берцин   гьабулел, бач1ин т1адег1анаб ва лъик1аб   щола» - ян лъуг1изабуна   гьелъ   хабар.   Гьелда   разилъарай   Шапиева Айзалъ (Айзай х1алт1ула йик1ана   партиялъул   райкомалъул   женсоветалъул   отделалъул   Заведующаялъун) т1аде жубана: «Бит1араб буго. Г1акдае лъик1аб тумар гьабуни, гьелъ рахь ц1ик1к1ун кьола» - ян. Залалда г1одовч1ун   вук1арав «Дилим» совхозалъул вехь Карица махсародулаб   комплимент рехана. Киналго релъанхъана,  амма   руччабаз   бицунеб   бит1араблъун рик1к1ана.

Hajidat

       Хадусан 1980 соналъ Яндаева   т1амуна   райисполкомалъул   председателасул   заместительлъун.   Гьениб   жегиги   загьирлъана   Х1айбатил   г1уц1арухъанлъиялъе   бугеб   махщел. Гьелъ   координировать   гьаризе   ккана   здравоохранение,   халкъияб лъай кьеялъул х1алт1и, культура, спорт, социалияб   рахъ, цо чанго   депутатазул   комиссияби.   Х1алт1ул   заман Х1айбат   Камалдиновналъ   кидаго   г1адада   хвезе   теч1о, гьеб   рахъи   бугеб х1алалда   цебехун   бачана.   Киналго бюджетниял идарабазул   х1алт1ул   г1уц1иялъул   халги гьабун, Х1айбат   яч1ана   саг1ат 10-11-ялда   гьел   идарабазда   производственнияб   гимнастика   т1обит1изе   ккеялде. Гьелъул   предложе-ниялъе   бит1араб нухги   батана,   яшавалдеги бахъинабуна.

       Хасавюрталъул   автотранспорталъул   районалъулал   автобусал хьвадулаан районалъул киналго   росабалъе.   Амма цо   параялъ   маг1ардехун   ругел   росабалъе   гьел хьвади   гьоркьоб   къот1ана, г1адамазул   раккана   г1арзал. Х1айбатица г1илла ц1ехедал, автобусал хьвадизе данде   кколел   нухал   гьеч1илан   лъазабуна   автотранспорталъул   нухмалъулес. Дир гьудул, Хубаралдаса автобусалъул шофер Мух1амадрасулица бицана: «Райисполкомалъул кавудахъ   ч1арав дида, к1иабилеб   этажалъул гордухъан яккун, Х1айбатица жиндихъе вач1аян ах1ана. Дида сахлъиялъул, рукъ-лъималазул рук1а-рахъиналъулги ц1ехон, автобусал районалде хьвадунгурт1иялъул   ах1вал-х1алги бицун, гьелъ   дие лъик1ал   малъа-хъваял   гьаруна. Х1айбатил   предложениялда   рекъон, дун   шоферзабиги рак1арун, начальникасухъе ана. Гьале автобусалги районалде хьвадизе байбихьана» - ян.

Талих1аб   г1умруялъул Х1айбатица   жиндирго   г1умруялъул   гьудул   Шияводингун   цадахъ г1езе   гьаруна   ва т1адег1анаб   лъай   кьуна   цо   васасеги   цо ясалъеги.

Х1айбат Камалдиновна   районцоязда   ва республикаялъул нухмалъулезда лъалаан лъик1ай, бажари бугей, лебалай ва сабру бугей х1алт1ухъан   х1исабалда.

     Х1айбат Яндаевалъул   берцинаб гьимиги,   пайдаял малъа-хъваялги, х1алт1улъ бук1араб рит1ухълъиги районцоязда кидаго к1оченаро.

 

Юсуп  Магомедов,  член  Союза  журналистов  РФ