Печать
09
Дек.

Г1араб г1елмуялъул г1алимчи Г1амирг1али-х1ажил х1акъалъулъ. С.Салих1ов

Добавил(а) Administrator on 09 Декабрь 2014.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

  Г1араб г1елмуялъул    г1алимчи

  Г1амирг1али-х1ажил х1акъалъулъ

   Доб бук1ана  большевиказул 30 абилел соназул кьог1аб за-ман. Нижедаса г1емер рик1к1ада гьеч1еб цо росолъ вук1ана Дацийилан абурав власталъулаз хъулухъалда тарав сог1ав чи (гьебго росулъа чаг1аз бицараб ва цогияздасанги лъараб лъугьа-бахъин буго гьаб). Алмахъалда  ва сверухълъиялда лъик1 лъалев вук1арав г1алимчи Г1амирг1али-х1ажи жанив т1амизе вачине рач1ун руго Алмахъалде гьев Дациги цо эхедаса вач1арав маг1арулавги. Г1алимчиясул  т1ахьал гьакидаги лъун, вачун ун вуго Г1амирг1али-х1ажи. Дилим бихьулелъуве щведал, къалъун буго заман. Г1амирг1али-х1ажица абун буго, къаде как базе къвариг1ун бугилан. Дов цояв большевик1ас хъач1го абун буго как базе тезе гьеч1илан. Гьесдаса сог1лъиялъе къинч1ев вук1аниги Дацица гьоко ч1езабун Г1амирг1али-х1ажие какие г1амал гьабизе кумек гьабун буго ва гьев как бан лъвинег1ан г1одор ч1ун руго. Как бан лъвиндал, Г1амирг1али-х1ажица абун буго Дациде, гьаб дуниялалда ккезе ругел балагьаздаса ворч1изе дица дуе дуг1а гьабурабин, Ахираталдаса ворч1изе дуцаго г1амал гьабизе ккелилан. Гьев Г1амирг1али-х1ажи 1939 соналъго жанив т1амуралъув хвана (гьесул васги вук1ана г1алимчи Садикъилан абурав, гьевги жаниве ккун, гьенив ч1вана).                 

       Кибали нахъа, 1970 соналъ, Дагъистаналда г1емер чаг1и хвана дунял багъарун рукъзал риххун. Биххараб рокъов, кроваталда гъоркьа цо г1иси-бикъинал хъарсарал бак1ал гурони гьеч1огун сах-саламатго вахъун вуго Даци къват1иве. Гьеб мехалъ гьес бицун буго жиндего  Г1амирг1али-х1ажица гьабун тараб дуг1аялъул  х1акъалъулъ. Г1амирг1али-х1ажил х1акъалъулъ (гьев вук1ана Х1оцоса Нажмудинил ва Салт1аса Узун-х1ажилги заманаялда вук1арав ва гьезда лъик1 лъалев чи) хъван батана дида цо-к1иго предложение г1анасеб хъвай-хъваг1и цо к1удияб газеталъул гьумер ц1ураб Узунх1ажил васасул Турциялдаса щвараб рак1алдещвеязул хъвараб макъала г1ажамалдаса буссинабураб ("Х1акъикъат", 2003 сон). Гьес хъвалеб бугоан: «Гьенив (Узун-х1ажи къадаралде щвелелде рак1араралъур) вук1ана к1удияб вараг1 бугев чи Алмахъалдаса Г1амирг1али-х1ажи. Инсоца гьесда т1ад къала бук1ана жиндирго шейхул ислам абураб х1алт1и т1аде босизе, амма гьев разилъич1ила».
         Гьев Г1амирг1али-х1ажихъ революция ккелелде цебе мадрасалда ц1алула вук1ана Ц1адаса Х1амзатги. (Гьеб хъван буго Г1умарасх1абов Г1алиасх1абил "Г1умро, мун макьилъищ дида бихьараб?" абураб т1ахьида ва дие бицана ДНЦ РАНалъул г1алимчи Гуниялдаса Мух1амадсалих1  Х1айбулаевас ва цогидаз.            

       Г1амирг1алил Садикъилги ц1алулел жалаздасан г1адамал сах гьаризеги махщел бук1ун буго. Жакъаги Калининаулалда ч1аго йигей Къумаца бицана дие чанго моц1алъ унтун йик1арай жий гьоболлъухъ т1аде щвезе вач1арав  Садикъицасах гьайиялъул.

Салих1 

Салих1ов