Печать
16
Нояб.

Алмахъ - махщел бугел устарзабазул росо. М.Мациев

Добавил(а) Administrator on 16 Ноябрь 2014.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

 Алмахъ - махщел бугел      

       устарзабазул  росо

   Бицине  бокьун буго Дилим  росдада цебе  лъаралда т1асан  бараб  к1амури  кьоялъул  х1акъикъат. Дагъистаналда гьединаб  борхатаб  кьо  г1оразда  т1асан гурони  бан гьеч1о. Гьелъ х1ехьола  т1асан  унеб  20 тонналъул  бак1лъи  бугеб техника.

dilimtlo

 Кьо  балеб  1956 соналъ  гьенир х1алт1улел рук1ана  т1олго  районалъул  росабалъа  ва  къват1исаги  специалистал  ва  строителал. Гьеб  кьо  баялъе  бет1ерлъи гьабизе  гьарун  бук1ана  Алмахъалда  бугеб  Ахдачалда  т1асан  кьо  баялъулги х1албихьи  бугев  ц1ар  арав  устар  Нартбиев Бадродинида. Гьесда цадахъ рук1ана махщел бугел  устарзаби Устарбегил  ва Х1ажиясул бет1ерлъиялда Ал-махъалдаса, Дилималдаса, Ихаса,  Мелъелт1иса х1алт1ухъаби. Дилим росолъ бугеб нухазул  участкалъул  начальник   Байсунгуров  Х1ажил  нухмалъиялда  гъоркь  гьабуна  кинабго  х1алт1и. Гьенив  мастерлъун х1алт1улев вук1ана Лъарат1аса Г1имран  абулев  чи. Кьо  базе  гамач1  баччулеб  бук1ана  маг1ардаса  ракьулъан  бахъун.  Гьенив  дунгоги  х1алт1улев вук1ана. Ц1ик1к1арал  х1алт1ухъаби  рук1ана  Алмахъалдаса.  К1амури  кьо  базе х1албихьи бугев  чи  гьенив вук1инч1о Алмахъалдаса  Устарбег  гурони -  мунагьал  чурун ратайги  гьесул. Рази-ракияв,  к1вах1  гьеч1ев махщелчи вук1ана,  ярагъги  гьабулев,  хунжрулги гьарулев. Киналго  алмахъал  руго гьунар-бажари бугел,  иман-ислам  ц1унарал  диналдехун  рокьи  бугел бах1арчиял  васал. Нухазул участкаялда  механизатораллъун  х1алт1улел  рук1ана  г1емерисел алмахъал. Гьезда  гъорлъ булдузералда  х1алт1улев  вук1ана    мунагьал  чураяв Г1абдукъадир. Гьевго г1адин  бульдозералда х1алт1улев вук1ана  Дилималдаса Мурадисов Камиль. Г1абдукъадирил  вац  Гъазимух1ама  х1алт1улев  вук1ана механиклъун. Щиб часть  техникаялъул  къвараг1аниги  складалда ч1езабулаан, мунагьал чурун  ратайги  гьесул. Гьесул  вас  Шапи  вук1ана  центральный  больницаялъул  махщел  бугев  врачлъун.  Гьевги Аллагьасул  къадаралде  ккана. Гьединал чаг1и руго алмахъал: лъик1ав  чиясе   нахг1адал,  квешав  чиясе  зазг1адал.

     Бокьун буго Дилималда бугеб гьеб берцинаб ва щулияб,  т1адмаг1аруллъиялъеги ц1акъ  х1ажатаб, 6 районалде нух  рагьараб гьеб  кьо  баялъулъ  х1алт1аразул  ц1арал рехсезе: Мациевал Якъуб,  Аминат  ва Маржанат, Мух1амадовал Халит ва Солтанат, Г1умаров М-Мансур,  Юсупов  Г1умар,  Эмеевал Шангере  ва Мух1амад, Г1алиевал Мух1амадзагьид, Х1а-лимат ва  Аба,  Мух1амадов  Эзе, Г1абдурашидов  Г1абдухаликъ,  Дадаевал М-расул ва  Муи,  Султанбегов Загьир, Жамикаев  Мансур,  Муртазг1алиев  Мух1амад, Х1усенов  Сайгидах1мад, Гунаев  Ах1мад, Дадаев  Г1али, Г1абдулг1азизов  Г1абдусалам,  Назаев Г1абдулбасир,  мастерал  Г1имранов Г1имран, Г1умаров Х1ажи  ва  г1емерал  цогидалги.

Дунги  гьелгун  х1алт1ула  вук1арав

Дилим  росолъа

                  Мациев  Мух1амадзагьир-х1ажи

Mats4