Печать
27
Окт.

Нек1сияб Алмахъ. С.Салихов.

Добавил(а) Administrator on 27 Октябрь 2014.

Оценка пользователей: / 1
ПлохоОтлично 

Нек1сияб Алмахъалъул тарих –

             цо-цо баянал

       Алкадарица хъвала буго Гебахъалаялдасан (Гельбахъги Гебахъалаги бат1и-бат1иял бак1ал - Салаюрт рит1алида т1ад бугеб рохьил халатбахъараб мег1ер) т1аде к1анц1ун щуабилеб рагъ бук1анила Алмахъалъул защитниказулгун  - Тимуриде данде алмахъазул ункъо цебесеб рагъалъул хъвараб бак1 бугебищали дида лъаларо.

      1) Гьеб данде ккола мунагьал чураяв Алмахъалдаса учитель, г1емер жо лъалев вук1арав Джантемиров Зул-Карамица (Алмахъалъул х1акъалъулъ хъвай-хъваг1и нахъе тарав, учительлъун 30-50 соназ х1алт1арав Жантемирил Исмаг1илил вас) бицарабгун. Гьес бицун бук1ана дие Дилим росдаде (Салаюрт майданалъул т1огьиб бугеб) ц1ар кин бач1арабали лъалищила. «Тылым» абураб раг1и тюрк мац1алъ харбузил моч1о кколила. Тимурил рик1к1ен гьеч1ел боял т1аде к1анц1ун, Тимурие харбуз къот1ун, харбузил моч1о гьес кванан лъвинелде босараб бак1 кколила гьеб, хадусан Тылым абураб ц1ар щванилан гьеб бак1алъе. Хадусан нахъа г1уц1араб росдае ц1ар Дилим гьелдасан бач1араб бугилан.

       2)   Дида цебего раг1ун бук1ана цо к1удияв чияс бицун, Алмахъалъул рагъухъаби рук1анила верхолазалг1адин кьурабалъе, кьурул г1усазде харун бажарулел, ч1орбут1алъ рик1к1ад ч1ор реч1ч1ун бажарулел рагъухъаби. Борхалъабазде рахун рик1к1аде ч1ор реч1ч1ун аск1обе тущманасул рагъухъабазул бо биччалареб бук1анилан. Гьеб Алкадарица хъвалеб жо дос бицаралъе данде ккола. Ункъго цебесел рагъазулъ гьазул х1ал лъалев Тимурица боял рачун руго рохьица бахчараб мег1ер Гебахъалаялдасан, зах1матаб нухал гьеч1еб бак1алъан, алмахъазул ч1орбут1аздаса жалго ц1унизе…

       3)     Цоги нижер г1адамаз бицанихъе 1395 соналъ   Тимур Алмахъалде к1анц1идал, гьесда гьеб босеги к1веч1огун, гьев г1андисезул мухъалъе ун вуго. Гьезул бак1алги росун, нахъе вач1инаго г1емер заманаялъ сверун ккун хадуб, гьезул щула гьабураб бак1алъе (Алмахъалда Гъоркьа росу абулеб бак1) бачараб лъинги лъан ракъизарун къечезарун г1адамалгун, гьезда ч1аго телилан абун каву рагьизабун буго. (Гьеб бук1ун буго к1удияб маххул каву, Каймесе абураб ц1ар бук1ун буго кавуялде, перевод лъаларо). Щияб рукъалда цере рук1ун руго бидул х1орал Тимурица гъурарал алмахъазул. (Калининаулалъул школалъул музеялда буго доб заманаялъ Гъоркьа росулъе бачун бук1араб щаг1ил трубопроводалъул цо секция, экскаваторалъ бухъулаго гъварилъуда нахъа  батараб).

        4)     Цоги Азербайджаналъул г1алимчи Бакихановас хъвалеб буго Лъараг1лъиги босун, Чачаналъан ун, гьениб бук1араб Алмахъалде к1анц1анилан Тимур. Цо-цоязда рак1алде ккезе буго гьеб Алмахъ чачаназул бак1 бук1анилан. Тарихалда хъвалеб буго Чачанлъиялъе Тимурица зарал гьабич1илан. Алмахъ дозул бук1арабани додин  г1асиял рагъал ккелароан алмахъазул Тимурилгун.

        5)     «Чёрный археологалги» руго нижер, г1емер цересел заманаялъул г1адамал рукъарал бак1ал рагьун гьениса чанги бат1и-бат1иял алатал росун пасалъиги гьабуна. Цояс абуна «миноискателалъ» балагьани кибго маххул г1арцол алатал г1емер ругилан ракьулъ, копьябазул ва ч1орбут1азул наконечникал ратулила. Ц1ант1а маг1арда т1ад (Тимур гьенисан ана маг1арухъе, Г1анди мухъалъе) т1еренаб ракьул гъаталда гъоркь  ратула г1емер ч1оразул ва копьябазул наконечникал.

      Г1аркьохъа краевед Маматов Маликил лъазабиязда рекъон цебесеб заманаялъул ц1ар раг1араб бича-хисиялъул нух (Великий «Шёлковый путь») унеб бук1ун буго Дагъистаналъул Индиралде щун, гьенисан к1и бикьун, цояб Алмахъалдасан муг1руздасан Ч1ег1ер ралъдал раг1алде щун, гьенисан Европаялъул пачалихъазул мухъалъе.

    Маликил х1акъалъулъги цо-к1иго раг1и абич1огон борч1уларо гьаниб. Дол лъеберабилел соназ кулакаллъун гьарун Малик эбел-эменгун цадахъ Северный Казахстаналде рук1ана высилкаялъ рит1ун. Гьенирго рук1ун руго Дагъистаналдаса г1арабг1елмуялъул г1алимзабиги гьебго высилкаялъ рит1ун. Тарихгун г1емер жо лъалел гьел г1алимзабаз бицараб к1очене теч1огон, гьединго хадусанги тарихалъул х1ужаби рак1арун руго гьес, Г1аркьохъ учитель-лъун х1алт1улаго. Гьедин г1емер биценал, тарих лъалел г1адамал рихьун, г1елмиял т1ахьал ц1алун хъвараб буго Маликица Алмахъалъулги Гумбет районалъул росабазул х1акъалъулъ  т1ехь.

        Алмахъ шагьаралъул ва сверухъ ругел росаби-отаразул (Алмахъалъул спутникал) рагъухъабаз хъачагъаздаса ц1унун нухар рег1улел рук1ун руго рик1к1адаса рач1унел бича-хисиялъул караванал. Гьединаб бича-хисиялдалъун ва караванчаг1и сордо бан ч1олел рук1иналъ, гьел караванал нухар рег1иялдалъун бечедаб маг1ишаталъул бак1 бук1ун буго цебесеб Алмахъ. Г1емер чаг1и рач1унел рук1ун руго Алмахъалде гьенире гочун ч1езе бокьарал, амма алмахъаз г1иц1го бат1и-бит1ияб махщел, гьунар бугев, алмахъазе пайдалияв х1ажатав гурони чи т1аде восуларев вук1ун вуго. Караванал унел нухал, х1ухь бахъизе ч1олел бак1ал лъалел ч1аг1и г1емер рук1ун, Алмахъ мухъалъан г1емер чаг1и унел рук1ун руго Европаялъул мухъалъе (Жакъасел Албания, Косово, Болгария, Венгрия ва цогидалги). Гьединаб бечедаб, къуватаб бак1 бук1ун буго нек1сияб Алмахъ 1395 соналъ Тимур т1аде к1анц1изег1ан. Китай – Идиялде щун к1удияб дунялалъул бак1 кодобе босарал Тимурил бояздаги г1емер рагъал гьарун, чанго моц1алъ Алмахъ сверун ккун хадуб гурони гьезда гьеб босизе к1ун гьеч1о. Гьелъул х1акъалъулъ къокъго хъван буго Азербайджаналдаса тарихалъул г1алимчи Бакихановас, Алкадарица ва цогидал г1алимзабаз.       

   Алмахъалде к1анц1арал боязул к1одолъиялъул бицун щвараб буго цо гьадинаб биценги. Ц1ант1а маг1арде т1аде щварал гьезул к1удияб цебелъун бугеб бак1алда ахир бихьулеб бук1инч1илан. Алмахъ шагьар к1удияб, бечедаб, къуватаб бак1 бук1инч1ебани гьедин г1емерал рагъухъабигун Тимурил аскарал щибизе гьенире рач1ине кколел рук1арал, талавурчилъиялъе, бечедаб давлаялъе г1оло къват1ире рахъарал. Гьединго Алмахъ абун ц1ар щвелелде гьеб шагьаралде ц1ар Балхъ (Балхъ-хъала) бук1а-нилан ч1езабун бугогьевго Г1аркьохъа г1алимчи Маматов Маликицажиндихъе цереселмаг1арулг1алимзабазул биценал  раг1арав. Официалияб тарихалдаги Балхъ Дагъистаналда бук1араб шагьарлъун бихьизабун буго, амма гьеб кибехун бук1арабали ч1езабун гьеч1о. Гьединго мух1кан ч1езабун гьеч1о доб ц1ар раг1араб «Великий шёлковый путь» Дагъистан мухъалъан щал жакъасел росабалъан бук1арабалиги…

   Алмахъалъул къо к1одо гьабун, дагьаб цебег1ан бук1араб байрамалда к1алъазе вахъарав тарихалъул г1алимчи Юсуп Дадаевас абуна, нилъеда лъалареб г1емераб жо бугила нилъер х1акъалъулъ къват1ибехун г1арабазул, персазул, армениязул источниказда. Нилъер рук1инесел г1алимзабазда лъазе кколила г1урус мац1, ингилис мац1 гурелги, г1араб ва фарси мац1ал, нилъер къват1ибехун бугеб бечедаб тарих лъазабизе ккани.    Алмахъалде Дунял кодобе босарав абураб ц1ар жинде кьурав Тимур т1аде к1анц1араб заманаялда гьенир ккарал г1асиял рагъазул ва гьеб биххун пасат гьабиялъул х1исаб гьабизе к1ола Тимурил рук1арал хъвадарухъаби Шамица ва Йездица хъван тараб ц1алидал. Гьез  Кавказалде к1анц1ун ккарал бищунго г1асиял рагъа-зулъ рехсолеб буго Алмахъалда ккараб рагъ ва хадусан гьеб Алмахъ биххун пасат гьаби. Гьеб материал жинхъе щун нижехъе кьуна Гертмаялдаса Баймирза Г1алимирзаевас (Юрист, преподаватель Института финансов и права. Махачкала): В походе Тимура на Кавказ (1395-1396 гг.) фиксируется как летописцами самого "завоевателя Вселенной" (придворные писари Шами и Йезди), так и местной исторической Хроникой: лояльное отношение соседствует с жестоким набегом его войск на "предгорие горы Аухар" и разрушением поселения Алмак ("Алхан-Эвла".

                                                              

                                                   Салих1 Салих1ов