forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
16
Сент.

Алмахъалдаса Мух1амад-Мирзал вас Шамсудин. Д.Динаев

Добавил(а) Administrator on 16 Сентябрь 2014.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Алмахъалдаса  Мух1амад-Мирзал                                 

                  вас  Шамсудин

«Салатавия-Алмахъ»  журналалъул цебесеб 8-абилеб

номералда бицунеб  бук1ана  1929  соналъ 

Мах1ачхъалаялда  Шамхалов  Г1абдулат1ипица

данде  гьабун  биччараб «Авар миллаталъул 

нек1о заманалъул  харбалги бат1и-бат1иял 

куч1дулги  данде  гьарураб т1ехь»-алда  нилъер 

Stih1

Алмахъалдаса  шаг1ир  Мух1амирзаев  Шамсудинил 

Shamsu

кеч1  г1ажамалъ  печаталде  бахъиялъул  х1акъалда.

Гьеб  т1ехь  г1емер  нижеца балагьун 

бук1ана  цониги алмахъазул   литератураялда  лъак1 

хут1араб  бак1  т1атинаби  мурадалда.

Революциялда  хадусел  соназ  печаталде  рахъарал  

маг1арулазул  хъвадарухъабазул  т1ахьал  гьеч1о.

Маг1арулазул  литератураялъул гьеб  т1оцебесеб 

сборникалда  кинавниги 8  шаг1ирасул  ц1ар  рехсон  буго:

1.Т1ад  Инхоса  Г1алих1ажияв

2. Хъах1аб  росолъа  Мах1муд

3. Ц1адаса Х1амзат

4. Гьарак1униса  Г1абдурашид

5.Гьарак1униса  Пахрудин

6. Алмахъалдаса Мух1амад-Мирзал  вас  Шамсудин

7. Каримил вас Г1умар

8. Басрияб Ч1ик1аса  Х1амзатил  вас  Г1абду.

Гьев  микьгоясда гъорлъ  нилъер  чи  ватиго 

буго  к1удияб  рохел. 30-абилел  соназ  газет-журналазда

рахъарал Шамсудинил  куч1дул  ругода  архивалдаян

ц1ех-рехал  нижеца жеги  гьарулел  руго. К1удияб 

баркала  буго  хъвадарухъан Г1алиасх1аб

Г1умарасх1абовасе -гьес  т1оцебе  нилъее  бицана

Шамсудин щив кколев ва

Алмахъалъул  бицунеб  «Г1умру,  мун макьилъищ  дида 

бихьараб?»    т1ехьалда  досул  куч1д1ул  лъуна.

     Журналалъул  гьаб  номералда  бокьун  буго

Пейзулаев  Сайродинил  жигаралдалъун

Мах1ачхъалаялдаса  нилъехъе  щвараб  гьеб 

т1ехьалдаса  Шамсудинил  кеч1  кьезе.

Амма  цин  бицун  тезин дагьаб живго Шамсудинил. 

201.1.

Мухомаев Мухома Мирза

хозяин

60 лет

2.

Тайгибова Аймесе

жена

40 лет

3.

Мухома Мирзаев Динул   Ислам

сын

28 лет

4.

Мухома Мирзаев Шамсудин

сын

26 лет

5.

Мухома Мирзаев Халимбек

сые

13 лет

6.

Мухома Мирзаева Халумеседу

дочь

8 лет

1898  соналъ гьабураб  Алмахъ  участокалъул  переписалда   Мух1амирзал  ва гьесул хъизаналъул бицунеб  информация –

архивалда    бугеб  куцалда.

Лъалеб  бук1ахъе,  Алма-хъалда  данделъун жора-гъоран  

руго  г1емер  бат1и-бат1аял  тайпаби:  чачанал, г1авухъал,

ингушал, лъараг1ал, г1аркьхъал,  данхъал, г1андал, 

буртаби,  мелъелал,  аргъванисел ва  цогидалги.

Нилъеца  жакъа  бицуна  вугев Шамсудинил   эмен 

Мух1амаев Мух1амирза  ккола 1860  соназ  Г1аркьохъа  

Алмахъалде  жиндирго 3  лъимергун гочун  вач1арав  чи.

Алмахъалда  ц1ияб  хъизан  гьабун Т1айгибова  Аймесее 

гьесул  т1аде  4  лъимерги  бижана. Алмахъалда  

перепись  гьабулеб  1896  соналде  ригьалде  рахун 

жиде-жидер  хъизабазде  руссун  рук1ана  Г1аркьохъ 

рижарал  Бабули,  Хизи  ва  Исмаг1ил. Мух1амирзаги

Аймесеги  г1агарлъи-тухумгун Цебеотаралда  г1умру 

гьабун  рук1уна. Нахъа к1одолъидал  гьел  хьихьун 

рук1ана  Алмахъалда  росолъ  Ахчадалдасан  т1аде 

рахаралъуб  бук1араб  к1ит1алаяб  минаялъур 

цояв  вас    Динас.

    Мух1амирзал   тухумалде  кколел  алмахъал  г1емерал 

руго. Гьесул яс Бабулил  лъимал ккола  Гъирин

(Г1алиханил  эмен),  Суслан (Сайгидил эмен,

историк  Сулайманил  к1одоэмен),  Арса-хъай

(Мух1амадх1абибил  эмен). Яс Хизил  хъизаналдаса 

ккола  Г1умаров  Мух1амад – т1оцевесев  алмахъазул 

Советияб  Армиялъул   полковник, 

Айтемир Сатираев – Депутат Народного Собрания  РД.

Вас Исмаг1илил  хъизаналдаса  ккола    К1удияб 

Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1и  Инус (Исмаг1илил эмен)

ва  Насиб. Шамсудинил  к1удияв  вац Динасул 

(гьесде  Динисламилан  ва  Динучиланги  абулаан) 

хъизаналдаса  К1удияб  Ват1анияб  рагъде ана  лъабго  вас  - 

Хайрула, Зайнодин ва  Мухтар,  гьесул тухумалде 

ккола   Висаит (подполковник  полиции в  отставке) ва

Сахродин (майор  милиции в отставке), 

нилъер  поэт  Ах1мадпаша. Ахчадалда  т1асан  бугеб 

к1анури  кьо  базе  Нартбиев  Бадродинил  ва

Динасулгун (гьев  вук1ана  лъик1ав  устар)   гьабураб 

договор  буго Алмахъалъул  архивалда. Живго

Шамсудинил лъабго васги - Жайродин,  Камалодин  ва  

Жамалодин   К1удияб  Ват1анияб  рагъда  г1ахьаллъана.

Жамалодин  лъик1алг1ан  мехалъ  1930-1940-абилел

соназ х1алт1ана  Казбек  райгазеталъул  наборщиклъун, 

корреспондентлъун,  ответственный  секретарьлъун 

ва  редакторлъун,  гьес  хъвалаан куч1дулги. 

Жамалодинил  вас Шамсудин (Муса) ккола 

Ленинаулалъул  участковыяб больницаялъул

главный  врач,  Заслуженный врач  РД,

врач  высшей  категории. Халимбегил  вас  Расул -

К1удияб  Ват1анияб  рагъул  г1ахьалчи,  хвана

101  сонги  бан  2011  соналъ. Гьел киназулго  ва 

гьанир  ц1арал  абич1езул  руго  жидерго  лъимал 

ва  лъималазул  лъималги.  Живго Мух1амирза,

Шамсудинил эмен, хун вуго г1ага-шагарго 1915 соналъ,

вукъун  вуго  Алмахъалда  росдал   хабалалъ.

         Шамсудинил х1акъалъулъ жинцаго  х1адур 

гьабураб 1934  соналъ  печаталде  бахъараб 

«Дагъистаналъул  поэзиялъул  антология»  абураб 

т1ехьалда  гьадин  хъван  буго  ц1ар  раг1арав

Дагъистаналъул хъвадарухъан Эффенди Капиевас

(босулеб  буго  Г.Гъазиевасул «Г1умру, мун 

макьилъищ  дида  бихьараб?» т1ехьалдаса):

«Шамсудин  Мух1амирзаев  гьавуна  1870  соналда.

Гьев  вуго мискинчи. Т1олабго г1умруялъ  яшав 

гьабулеб  буго  г1агараб Алмахъ росолъ.

Аслияб  къаг1ит1аялда  гьес  хъвала  рокьул 

куч1дул. Ахирисел соназда «Маг1арулав»  газеталда

рахъана  гьесул творчествоялъе ц1ияблъун  кколеб 

тема – эркенлъиялъул,  советияб  власталъул

х1акъалъулъ  куч1дул. Гьесул  г1емерисел 

куч1дул халкъияллъун  лъугьана».

Журналалда  лъолеб  буго  къокъ  гьабун

1929  соналъ  т1ехьалда  бахъараб  Шамсудинил 

кеч1 гьелъул  г1ажамалъ  хъвараб  копия 

цадахъгун. Редакциялъул  гьари  буго  Шамсудинил 

куч1дул  лъалезде гьесул  биччазе  х1адур

гьабула бугеб  т1ехьалда  лъезе   редакциялде 

щвезе  гьареян.

Алмахъалдаса  Мух1амад-Мирзал

вас  Шамсудиница 

х1урият  беццун  гьабураб  кеч1

 

Бач1арабищ, х1урият,

            х1акъал  къаваг1идалгун

Г1адлу-низам  камилаб

            берцинаб  тадбиралда.

Щварабищ, рохел-хайрат,

             халкъалъего бащадаб,

Хасго мискинзабазе

            бакъ г1адинан  къалъараб.

Stih

 Киналго пачалихъаз

            чан  нилъее  къаниги,

Къвак1арал товарищал

            тамахлъун рихьиларо.

Рохьил  х1айван,  х1ут1-хъомор

            х1алае  рач1аниги,

Нилъер  х1укуматалда

            квер  гьезул  рек1инаро.           

 

Хиянат бергьаразде

            зулму  жидер г1унт1арал,

Т1убараб  законалъул

            камилаб г1адло ккурал,

Бах1арчилъи  бергьарал

            балшивиказде  данде

Рагъ  гьабизе вахъарав

            нахъе  сах  вуссинаро.

Ингилисгун   парангал,

              гьел  гурелги  буржуял,

Хвезег1ан  рагъаниги

              мурадалде  щвеларо.

Ленинил васият  ккун,

               Маркисил ирс босарал,

Каммунистазде  данде

                чиго  ващалъиларо.

Дунялалъул  ч1аголъи

            ч1аран  нилъехъе  кьурал,

Партиялъе  кумеклъун

             киналго ч1езе  ккела.

Мискиназе  ракьал  кьун,

              кьуч1  т1амурал  васазе

Сардида  кьижич1ого

              кумек гьабизе  ккела.

Рагъуда  гъорлъ  жал  г1урал

              ц1иял  партизаназе

Таварищалгин  цадахъ

               рахъине  къуват  кьеги.

Баг1араб г1аскаралъул

                г1емерисев  чи  вугев,

К1иго  бода  гьоркьов  ч1ун,

       ч1ч1ел  босун  ругьунлъарав.       

Лочное чан  къазеян

      чарал гъудул  лълъваниги

Данделъидал х1ал  лъала

          х1оразул  ордеказул.

Рагъуй  икъбал  босарал

          Союзазул   васаца,

Къулч1улеб  квенг1ан  бигьа,

           кверда  лъела  тушбаби.

            Д.Динаев

              

 

 


Календарь исламский


Мусульманские праздники