ВЕТЕРАНАЗДЕ
Рагъул г1ахьалчаг1и дагьлъулел руго,
Даимабго бух1и каранда лъурал.
Ганч1ида ц1аралги ц1ик1к1унел руго,
Ц1алулаго, маг1у чвахизабулел.
Дир гьит1инаб росдал рагъде аразул,
Т1адруссун рач1арал дагьал рук1ана.
Гурх1ел-рах1му гьеч1ел вах1шиял соназ,
Цо-цо ккун бах1арзаз берал къанщана.
Цого-цо цо хут1арав Харсмух1амадов,
Духъ балагьун маг1у к1оларо кквезе,
Г1ун бач1унеб г1елалъ мисал босизе,
Г1агарав, хут1аги мун сахлъиялда.
Нижер х1алхьи ц1унун рух1 кьурал васал
Нус-нус соназ нужер рехсела ц1арал.
Ц1адухъе хинлъизе рач1унел г1адин
Рач1ина ч1агоял нужер хабаде…
Раида Набиева