forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
21
Окт.

Абиязгун биценаз ва халкъиял куч1дуз тарих хъвала

Добавил(а) Administrator on 21 Октябрь 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Газеталъул макъалаялде дандерижи

 

Абиязгун биценаз ва халкъиял куч1дуз тарих хъвала

Тарихчи Тимур Айтеберовасул ц1аралда гъоркь къват1ире рахъун рихьула гьаб заманаялъ лъик1аланго т1ахьал, жеги г1иц1го жиндирго ц1аралда гъоркь гуребги, соавторалгун цадахъиселги рихьана Айтберовасул т1ахьал. Нилъер Дагъистаналъул тарихалъул ва тарихгун хурхарал г1елмиял т1ахьал г1емерлъана ва г1емерлъулелги руго къо бахъанаг1ан. Гьелда гъорлъ к1удияб х1аракат бугин абизе бегьула Тимур Айтберовасулги. Киналго тарихчаг1азда гуреб т1ехь бахъизе к1олеб.Гьелъие цох1о лъай, г1елмуялъулъ гъварилъи гуребги лъик1аб маг1наялъулаб авантюризмгун хасаб пагьмуги бук1ине кколеб батила.

Тарихчиясе ва гьесул г1елмиял х1алт1абазе щияв ц1алдолесда, жиндир г1акъло-лъаялда рекъараб, къимат кьезе к1ола. Амма унго-унгояб гъварилъи бугеб къимат г1алимчиясе ва гьесул х1алт1абазе заманаялъ кьола.Тимур Айтберовасе къимат кьун дихъан бажариларо, гьев г1адин г1елмабазул архивазулъ гъварид «вухъарарав» тарихчиги дун гурелъул заманаялъ кьела гьесиеги къимат.Амма дида лъалеб жо буго кинабго бицунеб ва хъвалеб щинаб раг1и бит1арав чиги вук1унаро ва вук1инеги рес гьеч1о, жибго щияв тарихчияс тарихалъул кьоч1олъ цо-цо г1аги гамач1 лъеч1огунги бук1унаро (гурони гьесде тарихчийилан абиларелъул).Гьедин тарихчаг1азул х1алт1абалъги цо хасал х1ужаби хут1изег1ан чанги ратун гурел ургъун,рек1ее бокьун лъуралги камуларо.Айтебероваасде абулеб гуро,амма тарихчи х1алаеги вачун, чанги гьерсил т1ахьалги рахъидалха нилъер гьанир.Цоцо мух1канлъи гьеч1еб жо жиндаго тарихчиясда лъач1огун т1ахьилъе ккейги гьеб бук1унеб жо буго, гьелда г1айиб гьабиларо, заманаялъ рит1изарула гьединал гъалат1ал. Дида ккола рак1алда, гъалат1 ккеялдаса х1инкъун т1ехь хъвач1огун хут1ани, заманаялъе «у» я «гуро» абун къимат кьезе рес гьеч1огун хут1ила, тарихги марагаялъул «борхалъудаго» хут1илилан.Гьединлъидал абизе бегьула щияв г1алимчиясул бук1унин тарихалъул суалал рихьиязулъ цо хасаб бербалагьиялъулаб модель, вариант. Гьединал г1елмиял моделазул хал гьабун, бач1унеб заманаялъул г1алимзабазе рес ккола тарихалъул г1елму гъварид гьабизе, гьелъие кколеб къиматги кьезе…Амма кинго разилъизе к1оларо дида Айтеберовасул «Абиязгун, куч1дуз тарих хъваларо…» абурал раг1абазда («Миллат» №19, 14 октябрь 2011 сон).Тимурил гурониги хасал тарихчаг1азул бук1унеб батила гьединаб пикру,тарихалдехун бербалагьи.

Айтберовасул раг1абазе жаваб гьабилелде гьабизин цебесеб заманаялде тарихалъулаб цо экскурс.Дир умумузул ракь Алмахъ росу цебе шагьар бук1анилан бицуна раг1индал божизе бач1унароан, я школалъул т1ахьазда я газетазда гьелъул хъвараб бак1 бук1инч1о, бицунароан я радиоялдасангун телевизоралдасан.Бак1алъул тарихалда эту кьабун бук1анилан абизе бегьула доб советияб заманаялда (бук1ун батила гьелъиеги цо г1илла, советиял г1адамазе лъик1лъи бокьун, гьел рат1а рахъич1огун ращад гьарулайилан).Ник1алайил заманаялда г1урус армиялъул сардар,Азербайджаналдаса ц1ар раг1арав Кавказалъул историялъул х1акъалъулъ т1ехь бахъарав тарихалъул г1алимчи Бакихановас 1395 соналъ Алмахъ шагьаралде рекъав Тимур (Тамерлан) т1аде к1анц1иялъул хъвалел руго гьадинал раг1аби: Лъараг1лъи кодобеги босун, Мичихъичазул ракьалдасан вач1ун рекъав Тимур 7-8 азарго ц1араки жаниб бугеб Алмахъ шагьаралде к1анц1анилан ва гьенир ккарал рагъазул х1асилалда гьес гьеб шагьар кверде босун биххун бух1анилан. Гьединго рекъав Тимур Кавказалде к1анц1иялъул х1акъалъулъ . гьесул тарих хъвалел рук1арал Шами ва Езди абурал ц1арал ругел хъвадарухъабаз хъвалеб буго, Алмахъ босиялдалъун г1асиял рагъал кканилан, ва гьеб босун хадуб Алмахъ Тимурил аскараз квешго инжит гьабун бихханилан.

Алмахъ шагьаралъул халкъалда бихьарал г1асиял къисматазул тарих щуго-анлъго предложениялъул х1ужаялъ х1ебт1илищ, х1ебт1уларо. Гьеб тарих рагьизеян лъугьани, къвариг1уна умумуздасан рач1арал биценалги, къвариг1ани куч1дулги.Гьел рижунаро кьуч1 гьеч1огун…Бицанихъе, гьев рекъав Тимурида вач1инахъего Алмахъ босизе к1ун гьеч1о.Хадусан гьебги жибго тун,Гумбеталде ун вуго Тимур, гьениса нахъ вуссунаго к1иабизеги к1анц1ун вуго гьев Алмахъалде.Цогияз бицахъе гьеб шагьар босизе к1веч1еб мехалъ, г1адамал тохлъизаризе бокьун, Гумбеталде инайилан ккезе х1илаги гьабун, нахъеги к1анц1ун вуго гьениве Тимур. Сверун гьебги ккун, шагьаралъул щула гьабураб бак1алъе бачараб лъинги лъазабун, гьеб къот1изабун буго ва гьелда хадуб Тимурида Алмахъ босизе к1ун буго…Гьанже заманаялда росулъ нухал къач1алеб мехалъ бульдозералъ бухъулаго ракьулъ батана, цебе заманаялъ щула гьабун бук1араб гъоркьа росулъе доб цебе заманаялъ лъее бачун бук1араб щаг1ил трубаби.Гьеб трубаялъул цо секция Калининаулалъул школалъул музеялда буго. Гьеб Тимурил чаг1азда гъоркьа росулъе бачараб лъел труба бук1ин лъаялъул ва гъваридго бахчизабун бачараб гьеб т1атиналъул х1акъалъулъги биценал руго…Кинха абилеб биценазгун абияз тарих хъваларилан.Гьединго бицанихъе доб мехалъ Алмахъалъул рагъухъаби рук1ун руго, гьанже заманаялъ верхолазал г1адин, кьурабазул г1усазде харун ругьун гьарурал.Ахъташ лъарал раг1алда ругел кьурабазул г1усазде рахун борхалъудасан ч1орбут1аз рик1к1аде реч1ч1арал ч1ораз, тущман аск1овег1ан виччалев вук1ун гьеч1о ва гьедин Тимурил г1емерал рагъухъабиги гъурун руго. Щиб лъалеб, доб росулъе бачараб лъин т1атинч1ебани Тимурида Алмахъ босизе к1велеб бук1арабищалиги. Кинго Тимурги бащдаб дуниял-Азия квердеги босун, х1ал бихьи бугел аскаралгун вач1аравлъидалха вук1арав. Цебесеб заманаялъул ккарал къокъго хъварал тарихалъул х1ужаби г1ат1ид гьарулел бат1и-бат1иял биценал лъала росуцоязда. Гьеб гуребги, тарихалъул х1ужабиги, г1адамазулъ ругел биценалги уяллъун гьарулел, г1емерал хабалал руго Алмахъ сверухъ, чанго бак1алъ, ракь бухъаралъур ратула, ч1оразул, хучдузул маххул т1огьал ва цогидал рагъул алатазул хут1елал.

Тимурил аскаразул к1удияб къадаралъул бицен буго, Алмахъги тун Ц1ант1а маг1ардасан ун (Тимурил бо араб нух), т1аде рахиндал беххехун балагьидал дол аскаразул ахир бихьулеб бук1инч1илан.

Алмахъалъул щула гьабураб гъоркьа росулъ сверун кьураби рук1ун, г1иц1го цо нух бук1ун буго ва гьениб ч1ах1иял маххул гъапабиги рук1ун руго, маг1на бич1ч1улареб Коймесе абун ц1ар бук1арал. Доб гъоркьа росдал жанибе бачараб лъин Тимурица къан хадуб, ракъунги къечонги х1ал хун буго Алмахъ ц1унулезул.Дол гъапаби рагьани ч1аго тезе бицун буго Тимурица ва ахирги гьез гьел рагьунги руго... Амма Тимурил аскараз кодове щварав гьит1инав к1удияв чи щивго ч1аго тун гьеч1о. Щияб рукъалда цере бидул х1орал рук1ун руго…Гьединабщинаб жо биценаз бач1араб тарих буго нилъее. Мух1канаб кьуч1ч1 гьеч1огун гьединаб щибго ургъизе рес бук1унищ?

Бакихановасги, Шамигун Ездицаги хъваларелъул гьедин бак1алъул г1адамазда тарихалъул бихьараб.лъараб рахъ, гьединаздасан цебезаманалдасан рач1арал руго нилъехъе биценал. Дица абиларо г1иц1го биценазгун абияз тарих хъвалиланги,гьеб Алмахъалъул тарих г1иц1го биценаздаса бач1араб кколаро.Росулъ цеве вук1ана г1араб г1елму лъалев Салатавазда лъик1го лъалев доб заманаялдаго х1ежалдеги унев вук1арав г1алимчи Г1амирг1алих1ажи. Гьесул рук1ун руго г1емерал г1арабгун г1ажамалда хъваралт1ахьалги.Гьев вук1анаХ1оцоса Нажмудинги лъалев, Салт1аса Узунх1ажилгун лъик1аб гьудуллъиялъулаб бухьен.Гьединлъидал Г1амирг1алих1ажи 1924 соналъ высылкаялде вит1ун, хадусан репрессиялде ккун, жанив т1амуралъув 1939 соналъ хун вуго. Гьев жанив т1амизе инаго,рокъоса гьоко ц1урал г1араб г1елмуялъул т1ахьалги ун руго…

Амма биценазулгун абиязул бук1уна тарихалъулъ нухмалъиялъулаб к1вар, цебе заманалъ ккара-таралъе г1уж-мухъ гьабиялъулаб аслияб роль.

Дов Надиршагьиде муг1рузул халкъалъ г1андалазул ракьалда гьабураб рагъулъ г1ахьаллъана салатавиялъулалги (Нахъбак1алъулал), гьелъул х1акъалъулъ хъван буго доб ц1ар араб маг1арул коч1олъги. Алмахъ росдал 1000 сон бай к1одогьабун 2 июлалда бук1араб байрамалъулаб данделъиялде вач1арав, дица машгьурав г1алимчилъун рик1к1унев тарихчи ва хъвадарухъан Юсуп Дадаевас,к1алъазе вахъун бицана (жеги къват1ире рахъун лъач1ел архивалъул материалаздасан босун) Салатавиялъул (Нахъбак1азул) рагъулаб къокъа Ч1иркъат1асахун ун, Хундерил богун данделъун Надиршагьиде данде рагъизе иналъул.Гьеб рагъулъ гьезулги лъик1аланго чи ч1ван руго. Гьел рукъарал хабазул цояб заниялдасан лъан буго, гьенив вукъарав чи, рагъулъ шагьидлъарав Алмахъалдаса Г1али абурав чи вук1ин. Гьедин мух1канлъулеб буго аваразул халкъияб коч1олъ хъварабги...

Гьединлъидал дие абизе бокьун буго, биценалгун абиял ва куч1дул кколин тарихалъул аслиял рахъазул цояблъунилан

Раг1уда хадуб:

Доб росдал байрамалда к1алъалаго Юсуп Дадаевас гьабуна ц1акъ х1ажатаб, аслияб к1алъай. Гьес цоги бицана нилъер ц1ик1к1унисел тарихалъул документал, г1елмиял источникал къват1исел пачалихъазда ругилан, бат1и-бат1иял мац1азда хъван, гьелъ х1ажатаб бугила г1олохъабаз студентаз фарси ва г1араб мац1ги лъазабизе, гьел архивазда ругел источникалгун Х1алт1изе.

Дидагойин абуни рак1алде ккола рахьдал мац1гун г1урус ва ингилис мац1ал к1вар бугеллъун, амма бихьулищха, жеги нилъеда лъазе х1ажатал ругел фарси, г1араб ва цогидалги мац1ал. Нилъер халкъалъул бечелъи буго цебесеб тарих, гьеб рагьич1огун бук1инеселъулъ нух бахъизе нилъее зах1малъизе батила…

Салих1 Салих1ов


Календарь исламский


Мусульманские праздники