Печать
28
Апр.

Стихи об Алмаке

Добавил(а) Administrator on 28 Апрель 2020.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

 

 

 

 

 

           Бахlарчияб  Алмахъ

 

Рукlана  алмахъал  Арсахъ  Тимурил

Гъванща  бухизеги  бажари  бугел!

Нахъбакlалъул  хlуби, бахlарзазул  ракь,

Чlухlизе  бегьула  жакъаги  Алмахъ!

 

Гlадан-инсанасул гьаб гlумруялда

Гlемерал рукlуна лъугьа-бахъинал,

Лъварабги, лъвинчlебги цуцайги рагьун,

Ракlазул гlатlилъи гьал алмахъазул.

   

Бищун лъикlаб  къимат Шамилил швараб,

 

Лъабкъоялда хадув Хlажи вахъараб,

 

Рорхе кинацаго кверал  эхеде,

 

Алмахъалъе кьезе бахlарчияб цlар!

 

 

                               Группа «Любимый  Алмак»

 

 

 

 

 

 

 

 

               Алмахъ

 

Рекlел тlинда бугеб бацlцlадаб рокьи

Къватlибе бахъила, дургун бикьила,

Мугlрул ахалъода рукlел ккун чlараб

Гьитlинаб дир Ватlан, дир Алмахъ росо.

 

Дур хlалхьиги цlунун чlун ругел гlадин

Рорхатал мугlрулги росдахъ ралагьун,

Росдал гlадамазул рахlатги цlунун

Рохьалги, ахалги руго мун сверун.

 

Шамилида цадахъ рагъизе рукlа,

Ватlаналъе гlоло рухl кьезе рукlа,

Гали нахъе лъечlел, берги къапичlел

Къвакlарал васалгун ясал дур,  Алмахъ.

 

Цlаларал чагlиги, гlалимзабиги

Районго чlухlарал руго дур,  Алмахъ.

Яхl-намус цlикlкlарал, хlурмат  кlудиял

Дагъистан чlухlарал васал дур,  Алмахъ.

 

Дир лъимерлъиялъул гlумрудул къоял

Талихlал рукlана гьеб дур ракьалда,

Мун тун ехе гочун араб замана

Рекlелъ мунги цlунун буго дир ина.

 

Алмахъ росоялъул цlар бахъарабго,

Гьалдолеб лъин гlадин, бухlун уна ракl.

 

Алмахъалде сапар бухьине ккани

Рекlел кlутlиялъул хисула кьаби.

 

Захlмалъи, къварилъи гlемер бихьараб,

Дир кlудияб Алмахъ, гьитlинаб Ватlан,

Къо бихьичlониги къуркьичlеб росо,                              

Бокьула бацlцlадаб рокьигун дие.

 

Буго дир цо анищ: нилъ кинацаго,

Цебе заманаялъ захlматги бихьун,

Гъунки биххичlого умумуз ккураб                        

          Алмахъ  абураб цlар борхат  цlунизе.            

 

                                     Патимат  Магомедова

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Дир гьитlинаб ватlан

Кlудияб    Алмахъ

 

Инсул  росулъ  гlадаб

Хlалхьи рекlее

Дун киве щваниги

Букlунаро дир.

 

Гьале жакъа щвана

Инсул росулъе

Къечарав лъехъ гlадин

Унтун вукlарав.

 

Гьаниб щола диде       

Щулияб макьу                                   

Эбелалда кодоб                           

Лъимаде гlадин.                           

 

Гьаниб кьвагьи гьечlо 
Чlван холел гьечlо                       

Цlаги лъун рухlулел                         

Гьечlо рукъзалги.                                    

 

Къараб зар киниги                                 

Росдал жамагlат                

Гъункун, цолъун буго                   

Цо хъизан гlадин.                       

 

Гьитlинаб, кlудияб                               

Дагlба къец гьаниб                  

 

Къватlиб бахъуларо                     

Жаниб букъула.                 

 

Гьаниб гlадлу низам                             

Къвакlараб буго,                             

Къадарал ишазда               

Тlад рекъоларо.                            

 

Гlадамал цуцаде                              

Гьимун   кlалъала.                

Хlила-рекlкl гьереси             

Гьазда лъаларо.              

   

Амма  инсул  росо

Гьелъул гlадамал

Гlагарлъана дие

Рикlкlалъанагlан

 

Керен-ракl рагьараб

Гьобол хирияб,

Дица гьаб халкъалъе

Къулула бетlер.

 

Шамил имамасе

Кьалда бегьараб

Кибго гьеб букlана

Дие мисаллъун.

 

Дос  вагlза-дугlадулъ

Рехсараб, ккураб,

 

                      Дие хирияблъун

Хутlараб тlалъи.

 

Мун дир сангар буго

Дир хъала буго.

Дуе хъвачlеб щигlру

Щай дие, Алмахъ!

 

Н.Алмахъский

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Къабул гьаве дун

 

Гьанив тункун, дова тункун,          

Тира-сверулев вукlун,               

Сапаразда,  нухазда                              

Ун батана дир гlумру.

 

Гьанже чорхол жан хварав,            

Хиялаз рехун тарав,                        

Хирияб инсул росу,                        

Вуссана дун дур гъасде.

 

Гьаниб дир ракьги буго,                 

Гьанир кьалбалги руго,            

Бокьулеб гlагарлъиги,

Гьудулзабиги руго.

 

Гьаниб абуна дица                       

Тlоцебе эбелилан,                           

Инсул квер ккун, т!амуна

Тlоцебесеб галиги.

 

Гьаниб кинабго буго                             

Дир рекlее гlагараб,                 

Гlагарал умумузул                  

Тарихалъул бицунеб.

 

Берцинаб тlабигlатги,                 

Гlаданлъи тlокlаб халкъги,    

Гьанир тlамила, Алмахъ,                  

Дица хутlарал къоял.

Къабул гьаве дуца дун.                       

Дида тlacaги лъугьа,                        

 

Дудаса рикlкlад унин

Дир   гlанчlаб гlолохъанлъи.

Амма дур тарихалда                    

Чlегlераб т[анкl лъолеб иш                  

 

Дица биччачlин кибго,                         

Киве дун ккананиги.

 

 Н.Алмахъский

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Рачlа Алмахъалде

нижехъ гьоболлъухъ.

 

Гlурччинал  мугlрузги, рохьал-щобазги,

Жанибе бачараб расалъиялда,

Беролеб-гьелчолеб Ахчад   рагlалда,

Гlун бачlунеб буго дир Алмахъ росо.

 

Дун гьенисайилан абулев гуро,

Яги росдай цlар-рецц ахlулев гуро,

Гьедунги абила гьечlин ракьалда

Гьалдаса берцинаб цониги тlалъи.

 

Гьалъул хlикмалъиялъ хlайран  гьавичlев,

Вачlинчlо цониги гьобол росулъе,

Яги чlалгlен бусун нахъе арав чи

Ватилин абизе кlоларо дида.

 

Гьанире щварабго гъоркьеги рештlун,

Кирего бералги   речlизе гьарун,

Кьер-кьерал берцинал тlугьдузул махlалъ,

Керен-ракl рагьизе гьабула щивас.

 

Академиказги, космонавтазги,

Кибго цlар рагlарал гlалимзабазги,

Американазги, англичаназги,
Чан хъай-хъвагlай течlеб гьаниб тlехьалда.

 

Рии-ихх цlехоге, щва нуж гьанире,

Ракlал аваданал алмахъазухъе,

 

Унти рикьукълъизе, ургъел чучизе,

Чундузцин нужее кумек гьабила.

 

Даруял лъиналги, лъолел хlарщалги,

Хlалхьезегlан квине тlагlамаб пихъги,

Гьел сверун къан гьечlо, хъаравул  гьечlо,

Чlобого буго гьеб кинабго нужой.

 

Нужеда кlочена гьанире щведал,

Дол цере рихьарал берцинал бакlал,

Тlад руссун инаго ккела ракlалде

Дунялалъул алжан Алмахъ бугилан.

 

Гьаб Дагъистаналъул Швейцария

Салатавиялъул берцинаб букlон,

Бицун божичlесда бихьун букlине

Рачlа Алмахъалде нижехъ гьоболлъухъ

 

Ш.Шамирзаев.

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Алмахъал щал кколел

лъалищ  нужеда?

 

Алмахъал щал кколел

лъалищ  нужеда?

Лъалареб  батани

лъазабе  тарих.

Шамил  Имамас  жив

наиблъун  тарав

Нилъер  алмахъавин

Умалат  кколев.

 

Живго  имамасул

божи цlцlикlкlарал

Рукlанин  алмахъал

хъван  буго харбилъ.

Яхl-намус, гlаданлъи

жидер  кlудиял,

Гьезул лъимал  нилъго 

рукlин кlочонге.

 

Кlудияв  гlалимчи, 

живго  гlарабист,

Гlамиргlали-хlажи 

алмахъав  гурищ?

Гьесдаса  лъаялъе 

мукъсанлъи  гьечlев

Гьесул  вас  Садикъил 

бицен  рагlинчlиш?

 

Алмахъ  миллаталъул

гlадлучи-бетlер

Бице  Къурман-гlали 

щай  кlочон  тарав?

Росдал  жаваб  кьолев 

гlакълучийилан

Нахъбакlалда гьесул 

бицен  букlанин.

 

Лъийго  мутlигlлъичlев, 

гlадлу  битlарав,

Жамалудин нилъер 

алмахъав  ккола.

Жанисел  ишазул 

отдел  чlухlарав,

Щвезаве  ракlалде 

Гlабдулгъапуров.

 

Россиялда   жидер 

къимат кlудиял,

Алмахъазул   вуго 

кlиго  Бахlарчи:

Юрий  Салимханов, 

Мухlамад-Казим -

Кидаго къулула 

нужее  бетlер.

 

Олимпиадалда 

бергьенлъи   щварав,

Гlисаев  Мансурги 

алмахъав  ккола.

Гьединал  алмахъал 

анцl-анцlин  ругел,

Цlарал рехсечlогон 

нилъеца  тарал.

 

Алмахъазул  хъвазе 

гlемераб  буго,

Сихl  къотlун  щай  чlолел 

нуж,  шагlирзаби?

Къасуев  Ниязбег, 

Ясенил  Мансур,

Хlал нужер чlахъаял, 

хъваларищ  шигlру.

 

Лъикlго  алмахъазул 

хlакъикъат  лъалев,

Кlвахlаллъуниш  вугев 

Басиров  Насир.

Щвалде  щвараб  хабар, 

рагlул  гъварилъи

Рагlизе  бокьила, 

Расулов  Сагlит.

 

Нахъбакlалда  бищун 

гьобол  рещтlунев

Алмахъ  букlанилан 

бицуна  хераз.

 

Хlуригат  бахъулел 

захlматал  соназ

Алмахъазул  кумек 

кибего  щванин.

 

Хунз, ансал, балъхъаца 

ва  мелъелтlесез

Рештlин  гьабулеб  бакl 

Алмахъ  букlанин.

Гlасрабаз  умумуз 

борхатго  ккураб,

Алмахъазул  къимат 

къабихl  гьабуге.

 

           Къудуев   Мухlамад

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

                Алмахъазде 

 

Дир  гьитlинаб  росо -  кlудияб  тlалъи,

Казбек  районалъул  Калининаул,

Къуркьи рекlелъ гьечlел лебалал  васал,

Инсул  хатир  ккурал ритlухъал  ясал.

 

Тlабигlаталъ  куцун   тарбия  щварал,

Хlалтоца  лъадарун  къвакlизарурал,

Ритlухълъи цlунарал,  гlадло камилал,

Сундулъго рацlцlалъи жидей бокьулел.

 

Ккаралъур ратулел, нахъе къай гьечlел,

Огъо  хъатниб  ханжар  сверизабулел.

Гьал  нилъер умумуз,  дол  харабаца,

Лъикlабги квешабги  гlахьалги  гьабун,

 

Цо  чанго  миллатаз  цо  чанго  соназ

Цадахъ рекъон гlумру  нухда  регlараб,

Бакъукьги цlадалъги хурир, къватlирги

Гъеж гурун, хlал рекъон цадахъ рукlарал.                     

                                                     

Ракlал  аваданал,  сабро  кlудиял,

Кlудиязул  адаб  рехун  толарел,

Кlудияб  реццалъе  нуж  мустахlикъал,

Даимлъайги  нужой  ракълилаб гlумру

 

Ана  дол  хараби,  ана  умумул…

Хутlана  ирсилал  нилъ   нахъе  дозул.

Гьез  тарбия  кьурал,  гlезе  гьарурал,

Ина  нилъги  цере   гьезулго  нухда.

                           Расул Билалов

              

 

Цебесеб   Алмахъ

 

Тlаде  нух  лъаларел  кьурабазда  гъорлъ

Мугlрукь  тlупун  буго некlсияб  Алмахъ.

Гlасрабаз  квегъарал, къисматалъ  ккурал,

Къавмал  гьарун  руго   росолъ  умумул.

 

Хасалил  халатаб,  квачараб  сордо,

Гъасда  бакараб  цlа, нур  гьечlеб  чирахъ,

Цебехун  аралъул  чlумал  рехулел,

Гьуинаб  харбида  руго  гlодор  чlун.

 

Алмахъ  росо  буго  цlумазул  ватlан,

Цlар  арал гlалимал  жанир  рахъараб,

Гвангъарал  къавмазул  кунчlарал  цlваби,

Заназде  сверарал, гьунар  босарал.

 

Идрисил  къебелъохъ  пулеб  перело,

Ханжар  бегlерулеб  зирхараб  кlутlи,

Гlодоб  биччай  гьечlеб  къасиги  къадги,

Цlадулъе  рортизе  хlадурал  васал.

 

Рорхатго  роржунел  мугlрузул  цlумал -

Цlумазде  руссарал  васал ратила.

Бецlал  накlкlазулъан  перхолел  зобал -

Нужер хвалчабазул  пиркъи  батила.

 

Хутlичlо  нуж  гъасда  даимго  цадахъ,

Заманалъ  рачlарал гьалбал  ратана.

Ватlаналде  рокьи,   бегlераб  ханжар,

Гlумроялъул  кьоял  тана  ирсалъе.

 

Цlар  арал  къавмазул  кунчlарал  цlваби,

Заназде сверарал, гьунар  босарал,

Нужер дол  чуязул   хьвадулеб  кlватlи

Пикрабалъ  рагlизе  хутlана  нахъе.

 

 

    Расул  Билалов

 

            

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

                            АЛМАХЪ

 

Дур гlурхъи бегани,  гlагараб Алмахъ,

Гlажаибаб  бухlи   хlенчола   рекlелъ.

Сапар    халалъани,   хирияб   Алмахъ,

Хlалхьи гьечlеб чlалгlен чlола  гlагарда.

 

Чlобого   кьуниги тахшагьаралда

Гьабиларо ханлъи  хваниги дица,

Дур сурат бихьулеб тlалъиялдаса

Тlокlай   ричlадегlан инаро,  Алмахъ.

 

Мусудул берцинал, васал чlурканал,

Чlухlула дудаса,  дун    гlураб    росу.

Багьадурал ругел,   цlаларал    ругел,

Цlидасан духъ балай бергьун буго дир.

 

Дунял гlаламалда   цlар   тlибитlарал

Тlанкl бугел ритlучlал тlокlал кир ругел?

Россия, болгарал гьоболлъухъ   щолел,

Щиб рахъалъ батилеб цойги тlабигlат?

 

Гьоболасул    рекlелъ   асар   хутlулел,

Хlажалъи ккарасе хьолбохъ рахъунел,

Гьал дир алмахъазул гурхlел ва рахlму,

Хlал  кlолев  Бетlергьан, тlагlине тоге.

 

         Раида 

     Набиева

 

 

                 ГlАГАРАБ     РОСУ 

 

            (Руслан   Имамирзаевасе)

 

Соназул  свераби  гlемерлъанагlан,

Гlагараб  росулъе   хlалакунеб   ракl,               

Гlумрудул сухъмахънух  халалъанагlан,              

Хирияб   сверуде   рещтlунеб    хиял.

 

Гьаниб дий эбелалъ, кини  кlибикlун,                           

Axlараб кечlалъул хlеренаб бакъан.                         

Хlалимав инсуца,  кверги ккун вачун,                          

Вахине гьавураб борхатаб мегlер.

 

Намус-яхl бергьарал гlадамал гlураб,

Бокьула дие мун,  гlагараб Алмахъ,

Имамас как бараб мажгит цlунараб,

Цlала духъе дир ракl, дир инсул ватlан! 

 

Гьаниб гьоболасе рагьараб нуцlа,                               

Гьаниб гьудуласе гьуинаб калам.                                   

Гьанир намус тlокlал берцинал ясал,                                   

Ракlал  чарамулал   лебалал  васал.

 

Бахlарзазул цlвабзалъ цlар бикlун хъварав, 

Чlухlула дудаса,   Мухlамадказим.

Казбек  дунялалда  машгьур  гьабурав,

Юрий, дуй хвел гьечlо халкъазул рекlелъ.

 

 

Ражаб, Гlумарсултан, Маратил Расул,                   

Саратил   вас Гlиса, Мухlамадмирза,  

Сулейманил Асхlаб, Камучов Башир,                             

  XIамзалаев  - хlакъал   нижер   бахlарзал.

 

Инусил  Мурадис,   Асхlабов  Шарал,                  

Хlамзатов Зайбодин,    Гlабидил Надир,                                

Нуж  -  гlакълудал къулгlа,  къвакlараб чаран,

Чилъи тlокlал васал,   сахал алмахъал.

 

Лъабабго росдал халкъ - къараб гучаб зар,

 Къо ккани  вацаллъун цадахъ рахъунел.

Лъабго росдал гlалам - цо кlутlулеб ракl,

Рохелги  ургъелги  гlахьал гьабулел.

 

Багьадурзабазул гьайбатаб ватlан,

Тlегьазе биччанте   алмахъазул   ракь.

Ракълида гlадамаз гlумру тlамулеб,

Букlа-абе   гьениб  даим  гвангъун бакъ!

                                Париза  Гереева, 

    член Союзов  писателей  и журналистов  РФ

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

                           Нек1сияб  Алмахъ

 

Бечедаб  тарихалъул   некlсияб  росу,

Дир  гlагараб  Алмахъ,  цебесеб  шагьар.

«Бахъизе  кlвечlебан»  цlар  лъураб   росу,

Къуркьичlел  васазул  ватlан  буго  мун.

 Ватlаналде  тlаде  къо  ккараб  мехалъ,

Рахъарал  къватlире дур  багьадурал.

Алмахъ,  дуе  гlоло  рухl  кьун  рагъарал

Кьалул  байдабазда  хутlарал  васал.

 Рагъде  бихьинал  ун,  рукъор  хутlарал

Руччабаз  бергьенлъи  гlагар  гьабураб.

Рагъул  кьогlлъи, ками, ракъи,  захlмалъи -

Хlал  лъазе  течlогон  къвакlун  чlарал  гьел.

Жакъасеб  къоялъул  гlодоб  биччайги,

Накlкlуца  рахчичlел  хъахlил  зобалги

Хадусеб    гlелалъе    цlунун    хутlизе

Гlетlги биги тlуна, Алмахъ, дур халкъалъ.

 

                       Райнаб, Хасавюрт

 

 

 

 

 

 

 

 

 

                     АЛМАХЪАЙ

 

Сверухъго нур барай баркатиялде                  

Баркат-рахIматалъе,  рахIму - цIобалъе,        

ЦIобал гIатIидасго гурхIун йижарай,          

Рижул рижиялъго Алмахъ бищарай,          

ГIадамал урхъарай, Аллагь разияй             

Мун ятиялда дир щаклъиго гьечIо,             

ЧIухIула дур росу росулъ мун йихьун,         

Хьул лъола рихьизе мунгIадал ясал.            

Росулъа лъикIазул цIарал хъвайилан        

Хъвай - хъвагIай бачIани, дандеги вачIун,  

Меседил хъорщода гIарцул хIарпаца,         

ХIакъаб буго, дица дур цIар хъвалаан.         

ГIумроялъ дида мун йихьулей йиго

Лъухьула, чурула, гIачи хIебтIула,

Кванихъги корохъги, бахъухъ, нисо - нах

Хайгин, урба, чед – хинкI кIихIи бикьула.

Рокьи Аллагьасде бугей алмахъай,

Алмахъалде хIасрат бергьарай гIадан,

ГIаданлъи камилай, квер баркатияй,

Баркат лъеги дуда, дир магIарулай!

                   

                 Ясенил вас МухIамадмансур,

                член  Союза  журналистов  РФ

 

 

 

 

 

 

          Гlагараб АЛМАХЪ

 

Бихьанищ нужода,борхалъудасан,

гlагараб ракьалъул рагlа ракьанал?

кьурабаз рачел къан, къаналъ лъим чвахун,

чергесай ясалда гьеб релълъунарищ?

 

Гlурхъаби цlунулел хъаравулзаби,

бахlарзазул сипат гьечlищ мугlрузул?

Гlажаибаб сурат свералабазул,

сапар бухьун ине амру гьабулел.

 

Гьечlо дир гlадинаб цониги улка,

умумузул адаб ирсий босараб,

цересел гlадатал гlодор течlогон,

тартибалда ине уммат тlамулеб.

 

Тlогьолаб дир росу, гlагараб АЛМАХЪ.

дур яслъун йикlиналъ дун чlухlун йиго!.

Гуллаялде данде бер къапуларел,

къуватал васазул улка буго дир!.

 

Унаро рекlелъа ричlалъунилан,

радал чlирчlидулел хlанчlчlазул бакънал.

бакъанида гlужалъ, къваридго дида,

духъе хъистагьеян гьарула ракlалъ.

 

   Раида  Набиева, ll.07.l7г

 

 

 

Дир умумузул Ватlан          

 

Мугlрузул улкаялда,

Аваразул ракьалда,

Бокьулеб росу буго

Алмахъилан цlар бугеб.

 

Рагъ-кьал ахlун рачlарал

Хlинкъичlого нахъ чlварал,

Бахlарзал васал гlураб

Дир умумузул Ватlан.

 

Берцинлъиялъ цlар араб,

Цlорорал иццаз ккураб,

Гьава-бакъ цlакъ рекъараб

Росу буго мун,  Алмахъ.

 

Чундузул рохьал цlураб,

Рохьил пихъал гьарзаяб.

Гьайбатаб, баракатаб

Бакl буго мун ракьалда.

 

Гьитlинго анищалъ дун

Даим духъе щолаан,

Щобдасан, кlкlалабахъан

Сухъмахъ нух ккун унаан.

 

Цинги лъарахъе рещтlун,

Лъелъан илъанхъулаан,

Гьайбатаб тlабигlаталъ

Дун асир гьаюлаан.

 

Анищалгун дун гlуна,

Гlемер сонал гирана,

Амма рекlелъа инчlо

Дудехун бугеб рокьи…

 

     Асият Сурхаева

 

 

                              

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Непокоренный   Алмак

 

Есть  место одно в горах Дагестана,                    

         Где смелость и доблесть все время в цене,

И люди традиции чтить не устанут:

Здесь  многое знают они о войне.

 

История очень его многогранна,

Его Тамерлан неприступным назвал,

Сжигали его дотла неустанно,

Но он покоренным ведь так и не стал.

 

          Алмак - та жемчужина гор Дагестана,

Здесь тень старины на каждом шагу,

Природы красоту восхвалять не устану,

Я   лишь   удивляться   ею   могу.

 

Народ его добр, скромен и честен,

И храбрость течёт у Алмакцев в крови.

На весь Дагестан своей силой известен,

Алмак, процветай на века и живи!

 

Султанова Оксана Эседуллаевна